ГЪУНИСА ШАМИЛИЛ НУСАЛГИ ХУНЖРУЛГИ

- Я, вац, вакке Гъуниб мастерскаялде жаниве, -ян гьалмагъас абуралдаса гIезегIан заман унеб букIана. Дица пикруго гьабулеб букIинчIо. ГIезегIан цевего гьениве щун вукIана. Лъалаан гьенив хIалтIулев вукIарав мунагьал чураяв Загьидги. Доб мехалъ гьес гьабун кьун букIана редакциялъе махул каву. Живго Загьидги вукIана гIезегIан гIадамазе кумекалъе ватулев чи. Гьединал пикраби ботIролъеги рачIун, заманго щолеб букIинчIо нахъеги гьеб къебеллъиялде жаниве ваккизе. ХутIаралъги абулеб букIана гьанже гьеб бицен гьабулеб мастерскаялда цIакъ махщел бугев гIолилав вугилан. Амма кинго дида цеве чIезавизе кIолев вукIинчIо. Цо къоялъ редакциялъул къотIи ккана гьевгун дандчIвазе… Гьев ватана ХIасанхIусенов Шамил. Щвана чанго соналъ бихьичIого хутIараб гьанже гьесухъ бугеб мастерскаялде. БакI-бакIазда лъурал станокал, столазда тIиритIарал нусал, къадада берцинго рекъезарурал хунжрул… БитIахъе бицани, гьеб кинабго бихьаралъ цIакъ асар гьабуна. Нижедасаги цIикIкIун асир гьаруна цадахъго гьенире ккарал Россиялдаса рачIарал туристал. Гьел гIорцIулел рукIинчIо Шамилил нусалги хунжрулги кодоре росун. Гьалбадерил суалазе щибго алхинчIого жавабал , гьабураб хIалтIуе баянал кьолев Шамилги вукIана. Ахир гьалбалги ун, нижго хутIана...
Back to Top